суббота, 20 апреля 2024
6+

СОНАЗУЛ ЧIУМАЛГИ РЕХУЛАГО…

Дагьаб заманалъ цееги Хъист1аман Казиевалъ жийго толаан г1орхъи гьеч1еб талих1алъул г1аданилан. Г1умру нухда розаби т1амураб гьеч1ониги, къисматалдаса разилъунгут1и гьелъие мунагьабги бук1инаан. Гьит1инго бесдал хут1арай Хъист1аманида лъана зах1маталъул къиматги ва г1емерал рук1ана х1албихьиялги камиялги. Амма гьелъул хасалихълъи, бит1ахъе абуни херлъи, цебехун бук1аралъухъ балагьич1они, меседилаб ва сахаватаб ккана.

Хъист1аман Гюловналъ кидаго Аллагьасе рец гьабула нусго сонилаб г1умруялда жий са- саламат кквеялъухъ ва хъизаналъе бак1лъизайич1елъухъ. Гьеч1о гьелъул х1ажалъи лъималазул ва гьезулазулги ургъел агъаз гьабизеги – гьел кинабго лъик1аб г1умру – яшавалда руго, гьединлъидал къо щведал гьей к1удияб хъизаналъул ургъелги гьеч1ого ина ахираталде. Г1умруялъ гьей, хъизаналъул бет1ер, эбел, к1одоэбел лъималазги гьезул лъималазги г1агарлъиялъги сверунги ккуна ва рокьиги т1алабги камун теч1о. Хъист1аманил гьормадаса аваданаб гьимиги камулароан ва ц1одорал беразулъ бихьулаан рохелги ч1ух1иги – лъик1аллъун г1уна гьелъул лъимал ва киданиги рак1 бакъвазабич1о гьез эбел – инсулги. Гьезул т1оцевесев вас Шамиль – табасараназул машгьурав поэт вуго гьеб хъизаналъул хассаб ч1ух1илъун. Васасе щварал г1емерал шапакъатал, ч1ах1иял литературиял премиял ва ц1арал Хъист1аманида рак1алда щолел рук1инч1о, амма гьей ч1ух1арай йигоан Шамилил ц1аралдаса, гьесул зах1маталъеги гьунаралъеги мустах1икъаб къимат щвеялдаса. Гьединго Хъист1аман йоххулаан жидер к1удияв васасул г1адамазда гьоркьоб бугеб къадру, г1адамаз гьесул гьабулеб х1урматги бихьун, шаг1ир ва хъвадарухъан х1исабалда цадахъ х1алт1улез гьесие кьолеб лъик1аб къимат бихьун.

Гьединай талих1ай, разияй, ч1ух1арайлъун жиндирго лъималаздаса Хъист1аман Гюловна йик1ана дагьай цеесаг1ан, к1иго соналъ цеве гьелъул хирияв вас Шамиль квешаб унтиги ккун ахираталде вит1изег1ан. Гьелдаса хадуб абуни хералъул г1умру к1ийиде бикьана – доб къварилъи бач1инег1ан бук1араб ва гьелдаса хадуб бугеб…

Гьанже хут1арал киналго лъималги, лъималазулалги ва гьезулалги гьелда сверухъ руго ва щибг1аги камун к1одоэбел гьез толаро вас камиялъул бак1лъи гьелъие бигьалъизабизе киназго х1аракат бахъула. Аммахъа Хъист1аман Гюловналъе, киг1анго гьелъ ях1 бахъаниги, гьеб къварилъи кинго т1адагьлъулеб гьеч1о, цоги щибниги рохел гьаб дунялалда гьелда бихьуларо. Щибаб какда хадуб гьелъ Аллагьасда гьарулеб жоги жий васасде аск1ое йит1ейилан буго…

Нусго сон баниги Хъист1аманида жиндир г1умруялъул лъугьа – бахъинал мух1канго рак1алда щолел руго: лъимерлъи, г1олохъанлъи ва киналъулго х1исабги роц1арабги, киналъего кьолеб къиат рит1ухъабги буго. Рак1алда щолеб буго гьелда рагъул заманалда руччабазда бихьараб г1акъуба къварилъиги. Цебесебги гьанжесебги заман данде кколаго гьелъ абуна, заман зах1матабилан кканиги, гьанже г1адамаз г1умру лъик1 гьабулеб бугила. Гьелда рак1алда щвана лъимер гьабизе отпускги кьолареб, лъиал гьарун рокъорги толареб, пособиялги, пенсиялги щолареб мехги. Бугоан Хъист1аман Гюловналъул политикаялдехунги жиндирго балагьи, гьелъие кутакалда хирияв вуго Владимир Путин ва гьесие какалги ралел руго.

Хералда лъик1 рак1алда щолел руго Шамилида цадахъ х1алт1улел ва гьесулгун гьудуллъи бук1арал г1адамалги. Нижеда гьоркьой Сувайнат йихьарайго херай гьелда къвалалги ран рак1 унтун г1одана ва абуна:

- Дида лъала, дир яс, мун яч1унаан ва дир васасе кумекалъе ятулаан…

Кинабалиго лъимералъ хералда бич1ч1изабуна ниж рач1иналъул мурад ва гьей г1одойиччазаюна. Жиндирго г1умруялъул х1акъалъулъги Хъист1аманица бицуна гъираялда ва щибго гьелъухъа бахъизе яги рак1алда щвезабизеги кколаро. Гьаругьун ч1умалги реххулаго, т1ехь бегун ц1алулебг1адин бицуна гьелъ жиндирго халатаб г1умрудул къиса.

…Хъист1аман гьаюна Табасаран районалъул к1удияб гьеч1еб Шиле росулъ. Гьит1инго хут1ана эбелги хун ва бесдал эбелалъул т1алаб бахилаб бук1инч1о. Г1емераб мех бач1о инсуцаги, рагъул заманалда хандакъал рухъизе вит1аралъув хвана гьевги.

Жеги рагъ байбихьилалдего гьей рек1ее г1ун йик1ана, соназ гьелдаса г1емерго к1удияв, бак1алдаса учитель, къоролав Рамазан Казиевасе. Г1агарлъиялъ Хъист1аман гьесие кьуна сундухъго балагьич1ого. Рамазан вук1ана табасараназул т1оцересезул цояв учитель, г1адамазда раг1арав ва Табасаранги Хивги районазда жиндир х1урмат гьабулев чи. Гьесда лъик1 лъалаан фольклор, гъира баледухъ кьолаан дарсал. Г1адамаз х1урмат гьабалаан гьесул эмен, ц1аларав - г1арабистасулги. Рамазан г1емерал соназ вук1ана школалъул директорлъун, гьесие щвана «ДАССРалъул мустах1икъав учитель» абураб х1урматияб ц1ар ва вахъана Баг1араб байрахъ Орденалъул кавалерлъун. Жиндирго учителасеги ун Хъист1аман гочана гьесул г1агараб ва мадугьалихъ бугеб Гуми росулъе.

Хъист1аман Гюловналъ гъираялда бицана жиндир росасул х1акъалъулъ. Дица гьикъулебщинаб гьелъие рахьдал мац1алда буссинабулеб бук1ана к1удияй яс Фатимаца. «Вокьулев вук1анишха дуе рос?» абун дица гьткъидал Фатима баг1арлъана, эбелалдехун бугеб къадруяб балагьиялъ Фатимае нух кьолеб бук1ун батиларо гьеб суал буссинабизе. Гьединлъидал дир суал хералъе цогидаз буссинабуна ва Хъист1аманица ч1варкьан жавабги кьуна:

- Вук1ана, дие рос кутакалда вокьулаан, дир Рамазан вук1ана киназдасаго лъик1ав. Гьев киназего вокьулаан, щайгурелъул гьес тарбия кьолаан лъималазе ва гьелде т1аде лъайги щолаан гьесухъа ва лъик1абщинабги малъулаан гьес. Учительлъиялде т1аде Рамазаница хъвалаан куч1дулги пьесалги, гьеб рахъалъ дир Шамилги вук1ана инсул гьунар босарав. Рамазаниеги г1орхъи гьеч1ого вокьулаан нижер т1оцевесев вас ва г1емераб к1варги заманги кьолаан гьесие.

Гьедин хъван бук1ана инсул х1акъалъулъ жиндирго рак1алда щвеязда Шамиль Казиевасги. Гьит1инав вугеб мехалда г1емерал рицунаанила инсуца жиндие маргьаби. «Дир лъимерлъиялда бук1инч1о киноги телевизорги. Нижее, лъималазе, бец1ал сардаца рек1елгъей бук1унаан гъаситоялда жаниб баккараб ц1адудасаги, ч1ах1ияца рицунел маргьабаздасаги. Лъимерлъиялда раг1арал маргьабаз дир рек1елъ х1икмалъиги тана», - ян хъвана гьес. Амма эмен хведал ц1ик1к1арав вас Шамилиде т1аде ккана эбелалъулги, вацасулги, яцазулги ургъел.

Лъил х1акъалъулъ яги сундул бицаниги доб сордоялъ Хъист1аман Тюловналда рак1алда щолев вук1ана к1удияв вас. Кин гьес кучдул хъвазе байбихьараб, жеги школалда ц1алулаго, кин гьел басмаялда рахъулел рук1арал, районалъул газеталдаса байбихьун литературиял альманахазде г1унт1ун. Рак1алда щвана гьелда кин гьев жиндир т1оцебесеб «Рогьелалъул х1охьел» абураб т1ехь къват1ибе бач1индал вохун вук1арав, кин гьев университетги лъуг1изабун дагьаб мехалда учительлъун х1алт1арав, амма жиндирго мурадалде щвезелъун кие литературияб институталде лъугьарав. Гьелда рак1алда щвана щибаб сон ва кинал ишал гьесул кида рук1аралали. Г1енекун ч1ч1едалги гьелъул пашманаб гьормада бихьулаан жиндир пикрабигун нижедаса рик1к1аде ккун йик1ин, жиндир хирияв васШамилида аск1ое ун йигеблъи.

Хъист1аманица гьабун буго 12 лъимер ва гьездаса анлъгоял кколаан к1и к1и цадахъ гьарурал. Амма гьезул анкьгоял хун руго гьит1инго, бат1и – бат1иял унтабаздаса, г1езаризе к1ун руго щугоял.

Рамазанидаги Хъист1аманидаги цадахъ цох1о минаялда жаниб г1умру гьабулел росасул к1иго вацасул хъизаналги. Гьев кколаан бищунго к1удияв, гьей абуни нусабазда гьоркьой бищунго гьит1инай. Лъабабго хъизаналда гьоркьоб кидаго бук1ана гьуинлъиги цолъиги, лъимал г1олаан цадахъ, маг1ищат гьабулаан г1амаб. Г1адаталда рекъон лъималаз киназго эменилан абулаан вацазда гьоркьов к1удиясда, эбелиланги абулаан нусазда гьоркьой к1удиялда. Эбелилан абулелъ гьабулаан т1олабго хъизаналъе квен ва к1игоял г1исинал унаан х1алт1изеги гьез гьединго бак1арулаан рукъги.

Лъималазе тарбия кьолаан кьварараб ва рит1ухъго. Бук1ана лъималазе ч1агояб мисалги. Эменги имг1алзабиги гьезие рук1ана къадруяллъул. Эбелги кколаан зах1маталъул мисаллъун. Хъист1аманица жиндир лъабайго ясалда малъана рукъалъул киналго х1алт1аби ва ругьунлъизаруна хъалича бесизеги. Къад гьел артелалда х1алт1улаан, къаси рокъоб гьабулаан гьебго х1алт1и.

Рагъул заманалда бищун гьит1инав вац Жабраг1ил Казиев фронталде ана, лъималазулаб рукъалъул директорилан вит1ич1ого толев вук1аниги.

- Цогидал унеб мехалда ниж лъабалго вацалги рокъор т1ураларо, рагъде инч1ого, - ян абуна Жабраг1илица ва, лъадиги лъималги вацаз т1алаб гьабизе тун, жиндиего бокьун ана фронталде. Гьев гьениса вуссинч1о. Хъист1аманил рос Рамазаница рагъул заманалда фронталъе бит1ана 35 азарго гъуруш.

Хъист1аманица жиндир г1умруялъул бищунго зах1матаб заманлъун рик1к1унеб буго рагъулалги рагъда хадуселги сонал. Зах1мат бук1анила рагъулезеги, бигьаго бук1инч1ила тылалда ругезеги. Фронталъе къвариг1ун бук1анила чед, ниг1матал, хинаб рет1ел… Гьединлъидал бах1аралги хералги х1алт1изе кколаанила рух1алда барахшич1ого.

Хъист1аман йик1ана лъималаздехун т1алаб ц1ик1к1арайлъун. Гьелъул х1акъалъулъ рак1алда щвеял ругоан ясазул к1удияй Фатимал.

- Эбелалъ ниж к1усизе толароан ва жийгоги х1алт1и гьеч1ого кидаг1аги йик1унароан: рукъги т1убалаан, лъималазе тарбияги кьолаан, колхозалдаги х1алт1улаан. Къаси къаси абуни ниж рук1унаан хъаличаби ресулел. Эбел гьанжеги гьединайго х1алхьи лъаларейлъун хут1ун йиго.

Фатимаца бицунеб бит1араб бук1ин нижеда бихьана гара – ч1варун хадур кваназе г1одор ч1едалги. Хъист1аман жийго кваналей йик1инч1ониги,  киназего гьабулеб хъулухъалда хадуб хал ккун бук1ана.

- Шамилилгун эбелалъул бук1ана лъидаго бихьулареб балъгояб бухьен. Гьелъ балъгоги гьабулароан гьев жиндие киназдасаго ц1ик1к1ун вокьулеблъи: цин дие вуго гьев ва хадур нужгиян абулаан. Нижедаги бич1ч1улаан гьелъие гьев к1удияв вас х1исабалда хирияв вук1ин ва рак1 хун рук1унароан. Шамиль вук1ана т1олабго нижер хъизаналъеги хириявлъун. Гьесие эбелги кутакалда хирияй йик1ана, дагьайниги гьей унтани шагьаралде ячун унаан, тохтуразда йихьизаюлаан, сах гьаюлаан. Эбелалъе шагьар бокьулеб бук1инч1о, гьей кидаго рокъое х1алакулаан, амма Шамилица гьара – к1арун ч1езаюлаан сахлъизег1ан жиндихъ. Жиндир зах1матаб унти бук1ин лъараб мехалдаги вацас гьелъул ургъел эбелалъулг1анасеб гьабулеб бук1инч1о: киндай гьелъ къабул гьабила жиндир камийилан вук1унаан ва нижеда гьарулаан гьелъие къварилъи бигьалъизабейилан.

Вацасул гьеб амру т1убазабулеб буго Хъист1аман Гюловналъул лъималазги – Фатимаца, Шафица, Муминатица ва Аминатица. Гьелги гьезул лъималги кидаго ва киналъего ратулел руго хералда. Киналго гьел рак1арун рук1ана риидал к1одол нусго сон т1убай к1одо гьабиялъеги. Амма гьей кинго разилъун гьеч1о аваданлъиялда гьеб юбилей гьабизеги, лъазабун буго вас хваралдаса бараб ч1ег1ерлъи жиндие г1умруялъго бук1инилан.

Жиндирго к1одол х1акъалъулъ бицана нижер пишацояц Кумсиятицаги:

- Рак1алда щола ниж гьит1инаб мехалда кинай гьайбатай ва х1аракатай к1одоэбел йик1арайлъи. Гьабулаан гьелъ рокъоб х1алт1иги бежулаан тандыралда жаниб чедги ва гьеб киналдего т1аде нижееги кьолаан г1емераб заман, рицунаан харьал, маргьаби. К1очонаро гьелъул гвангъараб гьомерги ч1варкьарал бералги, тамахаб гьимиги ва кидаго баг1арал г1анабиги. Васасул хвелалъ г1одой ккезаюна гьей, гьесул гурони бицинеги бицунаро, пикруги гьабуларо, - ян абуна Кумсиятица.

- Дун талих1айлъун йик1инаан Шамилие г1умруги кьун гьесул бак1алда дое ине шварабани, амма гьелъие къисмат батич1о ва дир къуватги г1еч1о. Гьале дун ч1аго йиго, г1умру г1асруялъ гьабуна ва, Бет1ергьанасда дун к1очон ятизе ккола. Дир вас абуни 70 сонги к1одо гьабун абадиялъего къаникье ана, - ян абуна Хъист1аман Гюловналъ, х1алица маг1уги кколаго.

Хъист1амангун гьелъул ясалъул квег1енаб рокъой гара – ч1варулаго. Гьелдехун киназулго бугеб х1еренабги гьуинабги балагьиги бихьун дица пикру гьабулеб бук1ана цогидал, гьединаб т1алабги рокьиги гьеч1ого хут1арал херазул ва рак1алда бач1ана г1емерал соназ цебехун хъван бук1араб «Москваялъул синдром» абураб макъалаги гьенир рехсон рук1арал, ясалъ ва гьелъул лъималаз жий рехун тарай хералъул г1умруялъул х1акъикъаталги. Ц1алдолеца х1албихьулеб бук1ана гьениб лъураб: бук1ине бегьиладай гьединабго балагьи умумуздехун, нилъехъ, гьит1инаб къоялдаса к1удиязул х1урмат ва эбел – инсул адаб гьабизе малъулеб Дагъистаналда, абураб суалалъе жаваб батизе. «Алжан эбелалъул х1ат1акь бук1уна» ва «Эбел - эмен  -- ккола  нилъее алжанги жужах1ги» абурал х1адисалги раг1улел нилъее гьеб москваялъул мисал дандего кколарин абураб бук1ана г1емерисезул пикру.

Амма, соназдаса нилъехъги загьирлъизе лъугьана эбел – инсудехун ургъел гьеч1еб балагьиги сог1лъиги, т1алаб – агъаз гьеч1олъиги… Гьединалги кагътал рук1ана редакциялъул почалдаги, нижедагоги рихьана херал хьихьизе рагьарал Рукъзабахъе щвезарурал, жидерго лъималаз рехун тарал г1адамал…

Амма лъик1ал мисалал г1емерал руго. Журналалда х1алт1улеб заманалда дица г1емерал лъик1ал хъизаназул х1акъалъулъ хъвана. Мисалал г1емерал рук1ана херлъидал лъималаз эбел – инсул х1урматги адабги ц1униялъул ва гьединго лъик1 хъулухъ гьабиялдъулги.

Нусго сонилаб г1умруялде яхарай Хъист1аман Гюловналъул хъизаналъулгун ккараб лъай – хъваялъги иргадулаб нухалда рази гьаюна дун: нилъер г1адамаз кидаго гьабизе буго эбел – инсул адаб – х1урматги тезе гьеч1о гьел лъик1аб хъулухъ камунги. Эбел – эмен ккола киналдасаго цебег1анабги сундасаго хириябги, гьедин бук1ана кидаго ва хадубккунги бук1ина. Биччай нилъер хъизангазда гьединал байрамал, эбел – инсул юбилеялг1емерлъизе. Биччай лъицаниги кьерхинабич1ого хут1изе гьезул хасалихълъи!

 

Эльмира Ибрагьимова

Рубрика: 
Фото: 

Здесь может быть размещена ваша реклама

Маковые поля, золотые пески и горы. Прекрасный Дагестан: Персональные  записи в журнале Ярмарки Мастеров

Новый номер