четверг, 28 марта 2024
6+

«Дица х1охьел ц1алебг1адин ах1ула кеч1…»

 

 

 

 

 

 

 

 

Йихьун рак1алдаса унаребг1адинаб суратги, рек1елъе нух бахъулеб гьунарги, г1адамазулъ йосараб г1амалги кьун буго гьалъие. Гьелъул коч1охъ г1енекизе т1амула г1ажаибго хисулеб х1охьелалъи, сценаялда берцинго йик1ине лъаялъги, лъиего г1олареб ва гьанже дунялалда къанаг1алъараб рек1ел хинлъи гьелъулъ г1емераб бук1иналъги ва гьединго г1адамаздехун бук1унеб к1вар бугеб балагьиялъги.

Анорал хаслъиялъги т1ок1лъиялъги т1амула дагъистаниял гьелъул концертаза кидаго гъираялда г1ахьаллъизе ва щибаб кеч1алъе кутакалда хъат ч1вазе. Гьелъул гьаракь рек1елъе лъугьуна ва гьеб данде кквезе бегьула ч1агояб т1абиг1аталъулалда. Рак1алда ккола дуда цебе бугин къанаг1атаб т1егь ва гьелъул гьуинаб мах1алъ х1еренаб асар гьабулеб бугин. Гьаракьги чвахула маг1арухъ гучаб рохьоб баккараб иццг1адин. Гьеб цин борхун муг1рул т1огьибе уна, хадуб, г1акъилал ва бах1арчиял г1адамаз г1умру гьабулеб ракьалде, г1одобе решт1уна.

Анора йиго г1адатияй ва кий йигониги х1аракатай: концертаздаги, рокъойги. Коч1охъаналъе ругьунлъун ккун буго жий г1адамазда г1умруялдаги сценалдаг1адин, творчествоялдаса т1еч1огог1адин йихьулей йик1иналда,  гьелъул творчествоялъулаб биография буго киназего къабулаб. Г1адамаз гьелъул гьунаралъе лъик1аб къимат кьола гьелъ халкъияб кеч1алъул шлягер гьабулеб гьеч1олъиялъги ва щибаб кеч1алъул х1урматги гьабулеб ва гьелъие рокьиги кьолеб бук1иналъ.

- Киданиги рак1алда ккеч1о дида гьаракь бизнес – шоуялда рекъезабизеги, - ян абуна коч1охъаналъ. – Дица кеч1 ах1ула диего къабулаб х1алалъ, г1умру гьабулеб х1алалъ, х1охьел ц1алебг1адин ва гьелъ диего лъик1аб асарги гьабула.

- Г1ажаиблъи гьабизе бач1уна жеги г1олохъанай коч1охъаналъул ц1уяйги ц1одорлъиги, г1адлуги, г1енекизе лъайги бихьиялъ. Гьел гьелъие щварал жалищ, яги жинцагойищ куцарал? – абун гьикъулеб бук1ана дица дидаго, Анорал эбел Нажия Васильевналъулгун лъай – хъвай ккезег1ан. Хадуб бич1ч1ана кинабго гьеб халкъазул цебегосеб культураялъул г1адатал жураялъ кьураб т1ок1лъи бук1ин: творчествоялъул, г1аданлъиялъул ва профессионалияб.

- Хъизан нижер буго интернационалияб, - ян абуна Нажия Васильевналъ. – Рамазан ккола Дахадаевск районалъул Киша росулъа, дун Узбекистаналдаса. Рос ккола бак1ал ралев, дун – юрист, судья. Г1емерал соназ, контракталда хъулухъ гьабуна Россиялъулги Узбекистаналъулги г1орхъода. Дие бокьун бук1ана Анора тохтурлъун йик1ине. Гьарулебги бук1ана гьелда. Гьелъ абуни дие кеч1 ах1улаан, х1анч1ицаг1адин, х1атта узбеказул ц1акъго зах1матал макъназдаги. Гьайгьай, ах1улаан гьелъ Узбекистаналда киназего хирияб «Манганалда г1еч т1аг1амаб баршула…» абураб кеч1ги. Дида кколеб бук1ана заманалдаса гьелда кеч1 ах1и ч1алг1инил, амма гьеб тезехъин гьеч1еблъи бихьидал ургъизе ккана Анорал бук1инеселда т1адги.

Унгоги Нажия Багомедовалда лъик1 лъалаан бук1ана, ч1ужуг1аданалъул бак1 рокъобги, хъизаналда гьоркьобги бук1ине кколилан г1емерисезда кколеб республикалда ясалъул творчествоялъулаб цебет1ей зах1малъизе бук1ин ва бич1ч1ана, эбел х1исабалда жинца ясалъе кумек гьабизе кколеблъи.

– Узбекистаналда кинабго дагьаб бат1айиса буго, - ян абуна гьелъ. – Хъизаналда гьоркьоблъигицин хассаб бук1уна. Эбел – инсудехун к1алъай бук1ине ккола ч1ванкъот1арабги х1урматиябги. Цогидаб рахъалъ нилъер г1адатал г1емерисел релълъаралги руго ва цоцазул камураб цогиязул батула. Гьединлъидал батила Дагъистаналде яч1индал дица кинабго лъик1 къабулги гьабураб.

Дица Нажияда гьикъана щибин ясалъул творчествоялдаса бокьулеб абун: халкъиял куч1дулищ яги эстрадалъулищ? Гьей лъик1 ургъана ва абуна:

- Дие зах1малъул раг1абаздалъун жаваб гьабизе. Халкъияб кеч1 – гьеб буго нилъер миллаталъул рух1, г1адат, тарих ва гьеб бидулъ бук1уна. Кинав ватаниги коч1оъанасда гьеб рак1алдасаги ине бегьуларо.

Т1оцересел куч1дул Анораца ах1анила узбеказул мац1алдаян абуна гьелъ – х1еренал, лирикиял, востокалъулаб балъголъи ва гьединабго асар жиделъ бугел, рек1ел т1ино рагьич1ого гьулчулел рук1унила гьел.

- Рек1ел шавкъ бук1ана дида сверухъаб т1абиг1аталда рекъараб тамашаяб, - ян бицана Анораца. – Маргьабалъг1адин бук1унаан кинабго, азарил соназул тарих жиндир бугеб шагьаралдаса унаго нилъго нилъеда ккола гьелъул къадаздаса салидул цо къат1ралъун ва щибаб г1одоб бугеб нилъ т1асан унеб гамач1 к1удияб тарихалъул ва г1емерал бергьенлъабазулги къеязулги нуг1лъун бук1ин рак1алда щола. Церегосел хъулбиги мажгиталги рихьидал гьел инсанас гьарурал гуреб бет1ергьанас кьурал ругебг1адин бук1уна асар. Гьединал цоги гьаризеги бажариларилан ккола.

Анораца ах1ич1ого бук1ине ресги гьеч1о… Школалда ц1алулаго «Ширин» абураб къокъаялда гьоркьоб гьелъ кеч1 ах1улаан пампа г1езабулезе, студентазе. Гьел рук1ана халкъиял ва нилъер заманалъул куч1дул. Аслияб жо – гьелъ доб мехалдаги ах1улаан рак1алъ ва г1адамазеги бокьулаан.

- Бицун бич1ч1изабизе зах1малъула кеч1 ах1улаго г1енекаразулгун х1ал рекъараб къаг1идалъул бук1унеб кутакаб асар, гьелъ кьолеб къуват ва коч1ое бижизабулеб гъира, - ян абуна Анораца. – Доб заманалда лъана дида ах1улелъул бугеб жавабчилъи.

Гьеб мехалда Анораца лъуг1изабуна Ташкенталъул театралияб университет:

 - Абиларо, ясалъе г1олон дица хъулухъ г1одоб танилан, - илан ц1идаса харбилъе жуяна Нажия Васильевна, - амма г1умруялда г1емерал хиса – басиял гьаризе ккана. Цох1ого тезе бегьилаанищха яс?

Гьезул цадахъаб х1аракаталъул х1асилги лъик1аб ккун гьеб нилъеда жакъа бихьулебги буго. Гьанжеги эбел йиго Анорае продюсер, ишал т1уралей директор ва гьелъул кумекалдалъун т1уразарула, концертазулаб гьелъул г1умруялъул киналго ишалги.

Г1умру гьабулеб округалда Нажия Васильевналъулги гьелъул росасулги г1адамаз х1урмат гьабулаан. Гьезул хъизан Ташкенталда лъалаан, гьоболги вокьулеб кумекалъеги ратулеб х1исабалда.

90 абилел сонал… Г1емерал хъизаназул къисмат къосана доб заманалда, хъизанго хут1улаан квен гьеч1ого, мах1румлъулаан мина – рукъалдаса. Нажияда рак1алда щвана жидеца квартира рукъ гьеч1ого хут1арал мискиназе ч1обого жанир ч1езе кьн бук1араблъи. Гьединлъидал батила Анораеги г1адамазда гурх1и ва рах1му гьаби, эбел – инсуегог1адин, ругьунаблъун ккараб. Гьей г1емер щола лъимал хьихьулел рукъзабахъе, гьелъ квербакъула бесдалал лъималазе, ракалъ унтаразе, г1умру гьабизе зах1малъаразе. Анора йихьула Северияб Кавказалда гьарулел гурх1ел – рах1муялъулал тадбиразда г1ахьаллъулейги. Гьей ккола г1олилазулал программабазул жигарай г1ахьалч1ужуги.

- Ниж г1емер ах1ула гурх1ел – рах1муялъул бат1и – бат1иял тадбиразда г1ахьаллъизе, - илан абуна Нажия Васильевналъ, - гьедин ниж щвеч1еб бак1ал Северияб Кавказалдаги Россиялъул ч1ах1иял шагьаразулги дагьал гурони хут1ич1о. Ва дида бихьула Анораца ах1улеб кеч1 бат1и-бат1иял г1адамазе къабуллъулеб бук1ин ва гьелъул концертазда г1адамаз унгоги х1охьбахъуле бук1ин.

- Унгоги къо минутазда бикьун бук1уна, - ян абуна Анораца, - амма дун свакаларо ва рак1 бук1уна шибалиго гьабич1ого хут1улеб бугебг1адин.

Коч1охъан кутакалда х1алт1улей йиго жинда т1адги, к1иго вузалда заочно ц1алулейги йиго, гьелъ лъуг1изабуна Барият Мурадовалъул ц1аралда бугеб, культураялъулаб колледжги. Анорае щварал шапакъатазул сиях1ги халатаб буго. Г1олилазулги культураялъулги министерствабазухъа, бат1и – бат1иял ведомствабазухъа гьелъие щвана х1урматиял грамотал, баркалядул кагътал.

Г1емерал рахъазда гьунар бихьизабурай ва творчествоялъе рит1ухъай гьей  2012 соналъ рик1к1ана Дагъистаналъулал коч1охъабазда гьоркьой бищунго лъик1айлъун. Гурх1ел – рах1муялъулал фондазул баркалабазги ккола хассаб бак1. Гьезда гьоркьор руго: «Жакъа г1умру хвасар гьабила», «Бац1адаб рак1», «Меседил пеликан», «Дун лъимер, дун – г1адан», «Рач1а лъик1лъи цадахъ гьабизе» абурал фондал. Киналго гьел шапакъатал ккола к1удияб гьунаралъул, г1емераб х1алт1ул, рек1ел г1ат1илъиги, г1адамазде рокьиги бук1иналъул ва х1ажатазе кумекалъе х1адурайлъун йик1иналъул г1аламат.

Коч1охъаналъ лъик1 ургъун т1аса рищула ах1изе куч1дул. Т1абиг1аталъ кьураб берцинаб гьаракьалъ гьелъие рес кьола бищунго зах1маталги жанразул куч1дул ах1иялъе.

- Г1енекарал х1айран гьарунги г1оларо, вокалиял гьунаралги, ургъизе т1амулеб кеч1ги ва профессионалияб къаг1идаги х1ажалъула, - ян абулаго гьелъ рак1алда щвезабуна т1оцебесеб нухалда, г1агараб Дахадаевск районалда жий халкъияб кеч1гун конкурсалда цее яхъараб куц ва гьениб т1оцебесеб бак1 щвей.

- Доб бергьенлъиялъ дир г1умруялда жаниб г1емераб хиса – баси лъугьинабуна, - ян бицана Анораца. Дида гьеб мехалда бихьана ва бич1ч1ана гьанир Дагъистаналдаги дихъ г1енекизе бокьарал рук1ин. Бит1араб бицани, гьеб бук1ана бицун х1ал к1оларебг1ан к1удияб рохеллъун.

Жакъа Анора т1адч1ун х1алт1улей йиго композиторал Мух1амадзапир Г1абдуллаевгунги Аслан Х1усеновгунги, гьединго гьелъ г1ахьал гьарула грузиялдаса, узбекистаналдаса ишцоялги. Жиндирго гьунаралда рак1ги ч1ун гьелъ абулеб буго дагъистанияб шоу – бизнесалда профессионалияб хиса – баси гьабизе кколилан ва шаклъулейго гьеч1о гьеб т1убазабизе к1везе бук1иналда.

Гьанже гьей йиго бищунго г1емер г1адамазе г1енекизе бокьулейлъун ва гьединаб рокьи гьадинго бижарабги гуро, гьелъ жанги, заманги кьола кеч1алъе. Ва гьединго гьей кидаго х1адурай йиго х1ажатазе кумекалъе ятизеги.

- Щивав коч1охъанасда лъала г1енекаразулгун рак1ал г1агарлъи щиб жояли, гьеб гьеч1они цониги коч1охъан мурадалдеги щоларо. Гьеб кидаго бук1уна концерталде рач1аразулгун накъитлъун ва гьезие къвариг1уна гьениб унгояб х1алалда х1охьбахъизе щвезе.

Коч1охъаналъул творчествоялъул х1акъалъулъ бицунаго дица гьелда гьикъана т1ад рет1унеб рат1лил хаслъи кинабиланги. Гьеб бук1уна жийгог1адин гвангъараб ва гьебго заманалда къамарт1аб. Гьеб к1иябго хаслъиялъ лъугьинабула берцинлъиги. Образалъул бечелъиги. Жаваб эбелалъ кьуна:

- Дица ясазда малъула г1умруялда жаниб х1ажалъизе бегьулебщинаб жо. Анораца т1аса бищана творчество. Ц1алулейги ва жеги ц1ализеги йиго. Гьей г1емерай щола Дагъистаналъул халкъияй коч1охъан Бурлият Ибрагьимовалъухъе ва г1емерал дарсал гьелъухъаги росула. Дир к1иабилей яс Альфия ккола юрист, адвокат, дир лъалк1даса ана гьей, - ян гьимана Нажия Васильевна, - Альбина ункъо нухалда яхъана тхэквандоялъул рахъалъ Россиялъул чемпионлъун ва анкьго нухалда СКФОялъул чемпионкалъун, щвана ч1ег1ераб рачелги, рак1алда буго спорталда жеги ч1ах1иял бергьенлъаби росизе. Гьей ц1алулейги йиго автодорожнияб колледжалда. Г1азиза жеги школалда йиго. Гьелъие рокьула къват1исел мац1ал ва абула нилъер заманалъ гьел лъай бугел г1адамазе ц1акъ къвариг1унел ругилан. Гьей йит1арайги йигин ккола.

Жийго Нажия Васильевна хъизаналъул ишазда йик1уна. Гьелъ ч1ух1игун абула жиндир ясазул кверзул гьунаргр бугила, гьезухъа бажарулила хехго ва берцинго тепси г1уц1изеги, узбеказул бог ва дагъистаниязул хинк1ал гьаризеги.

- Г1умру гьабулел Дагъистаналда ругелъул, - абун гьимана, росасул Ват1ан г1агараблъун лъугьарай Нажия Васильевна. Аваданай ва г1адамазулъ йосарай гьей хехго гъорлъе ккана ц1ияб бак1алда киналдего ва киналго гьелдеги ругьунлъана. Гьелъ анишал гьарулел руго к1удияб рукъ бук1ине ва балебги буго, къойидаса къойиде, кирпич кирпичалда лъун.

Анорал бук1инеселда гьелъул шаклъиго гьеч1оан:

- Дун божарай йиго: бач1ине буго къо дир яс лъидаго яч1ого йик1унеб ва дица гьелда жакъаго абула: Анора, мун нухлул авалалда йиго ва гьеб нух тезе ги мунго г1езеги бокьани духъа г1емераб жо бажаризе ккола – цох1о кеч1 ах1изе гуребги, гьединго г1умрудулги искусствоялъулги къуват бич1ч1изеги, гьезие абуни ч1ч1ейги ч1обоголъиги данде кколаро. Х1алт1изе ккола г1умруялъ, свак лъач1ого ва гьеб мехалда хут1ила мун коч1охъан х1исабалда г1адамазул рак1азулъги, йик1ина гьезие кеч1алдалъун  к1иабилеб х1охьел рагьулейлъунги…

 

Г1айшат ТАЖУДИНОВА

Рубрика: 
Фото: 

Новый номер